2.6Kпросмотров
41.6%от подписчиков
14 января 2026 г.
📷 ФотоScore: 2.8K
ГӀаймаки(б) — Аймаки
(гӀамек, гӀамекдерица, гӀамекдерил) ♻️ ГІАЙМАКИСА АБУБАКАРХІАЖИЯВ (1711-1797) ГӀаймакиб росулъа МугӀаватил вас АбубакархӀажияв гьавун вуго 1711 соналъ. ЦӀалуде байбихьун буго жиндирго эмен гӀалимчи МугӀаватидасан, хадуб ГьаракӀуниса Ибнудибиридасан, Аргъваниса ГӀалихӀажиясдасан, Кубачиялдаса ГӀаишил ГӀалидасан ва цогидаздасанги. Гьесул вахъун вуго цӀакъ кӀудияб гьунаралъул бергьарав гӀалимчи. ГӀараб мацӀалъ гӀемерал тӀахьал хъван руго. Гьес данде гьарурал тӀахьазул лъикӀабго библиотека лъугьун буго. Гьеб библиотека гьес вакъфу гьабун буго жиндирго наслуялъул гӀалимзабазе. Бищун ахирав гьесул хутӀарав варис гӀалимчи ГьаракӀуниса НурмухӀамадов МухӀамад вуго. 70 тӀехьалдасан данде гьабураб гьеб библиотекаги МухӀамадица цӀунун буго. ГӀаймакиса Абубакар лъабцӀулго хӀежалде ун вуго. Доба Макка-Мадинаялда гьесул гьудуллъи ккун буго машгьурал гӀалимзабазулгун. Рагъгун Дагъистаналде Надир-шагь вачӀараб мехалъ, ракълида иш тӀубазе гьесда кӀалъазе халкъалъ Абубакар витӀун вуго. ЛъикӀаб рагӀухъ гӀенеккулев чи гьев ватичӀого, нахъе вачӀун вуго. Гьесда вихьун вуго доб заманалъ цӀар рагӀарав ГӀурадаса гӀалимчи ИбрагимхӀажиявги. Абубакарил гьунар букӀун буго гӀарабалъ ва авар мацӀалъ кечӀ гьабизе. Гьесул авар мацӀалда 13 поэма буго 1912 соналъ Темирхан-Шураб Мавраевасул басмаханаялда биччараб ЧӀохъа ГӀабдулахӀажияс данде гьабураб «ВагӀзабазул тӀехьалда» (Хуласат АлмавагӀиз). Аслияб къагӀидаялъ гьел руго исламалъул нух кквезе ахӀарал, бусурбабазе вагӀзаби ва насихӀатал гьарулел асарал. Диниял магӀнаялъул рукӀаниги, гьел руго рахьдал мацӀалда хъвавулаб литератураялъе байбихьи лъурал асараздасан цоял. Мисалалъе рехсезин гьезул цояб: ♻️ НАХЪА ΓΙΕΜΕΡ ПАШМАНЛЪИЛА Аллагьасде гӀасилъуге, ГӀелмуялде инкар ккоге, Как-диналъе кӀухӀаллъуге, Нахъа гӀемер пашманлъила. Васвасазде ракӀ биччаге, Гьаваялде черх биччаге, ХӀарамалде хӀетІ биччаге, Нахъа гӀемер пашманлъила. БоцӀудаса мун чӀухӀуге, Чияр гьумерги бухӀуге, ГӀадамал дуй хӀакъирлъуге, Нахъа гӀемер пашманлъиля. ГӀадамалгин къацандуге, ЩайтӀангиму бицардуге, ГӀадада мун сверсведуге,
Нахъа гӀемер пашманлъила. Дунялалъухъ ракІ бухӀуге, Чорхое рахӀат гьабуге, ХӀакъалдехун инкар ккоге, Нахъа гӀемер пашманлъила. Черхалдехун тӀад рекъоге, Мехтулеб чӀагӀа гьекъоге, Чияр милкаб жо бикъуге, — Нахъа гӀемер пашманлъила. Рукъалде мун къайимлъуге, Мадугьалихъ хӀал квешлъуге, Мискинчи дуй хӀакъирлъуге, Нахъа гӀемер пашманлъила. Эбел-инсуй хилиплъуге, Гьалмагъасдехун квешлъуге,
Дуе мунго кӀодолъуге, Нахъа гӀемер пашманлъила. МагӀидаса бер бакъваге, Дуй щвечӀелда ракІ бакъваге, Шагьваталде черх буссунге, — Нахъа гӀемер пашманлъила. Квешалгиму гьудуллъуге, ЛъикӀалгиму тушманлъуге,
Муъминалгун ватӀалъуге, Нахъа гӀемер пашманлъила. ЧӀухӀи-пахру чорхолъ ккоге, ЖахІда-хӀусуд жаниб ккоге, — ГӀужбуриял рекӀелъ ккоге, Нахъа гӀемер пашманлъила. Я рабби, дур цӀоб босуге, Абубакар рехун тоге, ГӀасилъуде виччан тоге, Нахъа гӀемер пашманлъила.