12.0Kпросмотров
25 января 2026 г.
Score: 13.2K
Мольба Саида Афанди ко Всевышнему Аллагьу Дир квер гIунтIулареб гIанбаралъул тIегь
ТIаде дализабе, зоб-ракьалъул Хан,
Хивалаз бухIараб дир хIухьелалъе
ХIарфго гьечIеб рагIул жаваб кье, Аллагь! Мун вокьи макъсудлъун сапар бухьарав
Салик дун вугевлъи лъалев БетIергьан,
БатIинги загьирги, гьоцIо-нах гIадин,
Гьуин гьабе, Къадир, дир къалбуялъе! КъватIул хабар бицун биццалъараб ракI
БецIлъун тоге, РахIман, тавбу бугин дир,
Тохлъун гIумру ийин – гIайиб дирго ккун,
ГIажизлъун хутIанин, тIаса лъугьун те. ТIагьал шаригIалъул къимат лъачIого
Къоял гIадада ун, гIодула берал,
ГIилму гьабичIого соналги тирун,
Ссудула гьинал ракI, гьай аманилан. Радал къо кьижун ун, къаде ворчIарав
Къваридав лагъ вугин, гурхIа, БетIергьан!
БитIараб нухалде гьидаят гьавун,
Гьабе, Аллагь, сагьлу саилунасе! Загьру-батIну гIадаб тIарикъгун шаригI
ТIубайзе гьунар кье, гьардарав Аллагь!
Гьелъул лазат бихьун хьул буссинегIан
ГIумруги кье, ХIаким, хIал Дур кIолелъул. Дир мунагьаздаса рахIму кIудияв
РрахIман, Дур цIобалде цIакъ хIажат вуго.
Ширк гьечIеб гIибадат Дуе гьабулеб
Гьунар бокьун буго, вокьулев Аллагь. Азалалда хIукму Дур тIубаниги,
Дирго пакъирлъиялъ бакъван буго ракI. Къадар хъван тIубараб лавхI бугониги,
ХIелун вачIана дун Дур гъапудухе. Дуего бокьидал загьир гьабураб
ЗагIипаб рухI бугин, гурхIа, БетIергьан!
Гьарараб кьелилан къотIи бугелъул,
Къабул гьабе, Аллагь, биччараб хIухьал! Дур гIафву гьечIони, гIазабалдаса
ГIамалалъ ворчIизе дир хIал кIоларо.
Дуца рахIматалъул цIал кьабичIони,
ЦIалун тIахьазулги пайда щоларо. ЩайтIаналъ хIухьал пун хIал щвеялдаса,
ХIалкIолев дир Аллагь, Дуцаго цIуне!
Дунял гьуиназда гьоркьоса вачун,
Бечед, Мун лъалезулъ лъе дирги исму! МагIрифат, хIакъикъат ризкъилъун гьабун,
Гьаве дун парахат, халкъалъул МагIбуд!
ГIилмуль якъиналъул хIорнивги рехун
ХIал хьун лъедезе те, Таввабу РрахIим ХIакъул-якъиналъул къоноги ричIун,
ЧIалгIинабе дида дунялалъул рукъ!
Дуде гIагарлъулеб гIилмун-нафигI кьун,
Кье, Аллагь, дий рохел ахираталъул! «Аллагь!» - ан ахIулеб хIухьал гурони,
ХIарп кIочон хутIаги чорокаб дир нафс!
Дур шаригIат гуреб каламалдасан
Кверщел бахъун таги хъубаб дир кIал-мацI! Мун рази гьечIелде балаялдасан
Берал, хIижаб лъугьун, махIрум хутIаги!
БатIулабщиналъул иш лъаялдасан
Ассамаблъун ккаги дир кIиябго гIин! Дунял гIуцIулаго гIибадат холеб
ГIакълу-тадбиралда тоге дун, Аллагь!
Диналъе къуват кьун, къоял эркен тун,
КъачIазе тIаме дун ТIагьал шаригIат. ** Макъсуд – мурад.
Салик – Аллагь лъай тIалаб гьабулеб нухаве лъугьрав.
Къалбу – ракI.
Гьидаят гьавун- т1овит1ун
Сагьлу - бигьалъи.
Саилунасе- гьардохъанасе
Загьру-бат1ну - Мугъги чехьги.
РахIмат - гурхIел.
Исму– цIар.
МагIрифат – Аллагь лъай.
Маг1буд - Жиндие лагълъи гьабулев Аллагь.
Х1акъул якъин - хIакъикъияб иманалъул камиллъи.
Г1илму нафиг1 - Ахираталъе пайдаяб гIелму.
Х1ижаб - пардав.
Асаммаблъун - гIинкъаблъун.